Сетевое издание «Зуберха.ру» | 22 июля 2026
Интернет-издание

Умумузул  г1адаталги  ц1унун

Умумузул  г1адаталги  ц1унун
Умумузул  г1адаталги  ц1унун

Муг1рул иццал журан г1ор лъунеб г1адин

                                                                 Г1исинал росаби цоцалъги гъункун

                                                           Ихдаде т1егь г1адин т1егьан бач1араб

                                                  К1удеб тарихалъул бокьулеб росу.

                                               Журана, гъункана цо росу ккана

                                                               Хьаргабиян жиндий т1ок1аб ц1ар кьураб

                                                             Гьелъул т1анса г1адин гьоркьор рессана

                                                              Г1адатал, кьер-кьерал т1угьдузда релъун.

            Хьаргаби  росдал  №1 гьоркьохъеб  школалда  23 апрелалда т1обит1ана «Истоки»  ц1аралда гъоркь умумузул г1адаталги ц1унун  къецал.  Г1уц1ун рук1ана  командаби  ц1аралги  кьун 10-11 классазул  лъималги  журараб командаялда  ц1ар  бук1ана  «Муг1рузул  ц1умал»,  9 классалъул  командаялда ц1ар  бук1ана  «Хьергебдерил  ирсилал»

         Росдал  тарихалдасан,  г1адатаздасан, фольклоралдасан г1уц1ц1араб гьеб тадбир киназего кутакалда бокьана. Цебе г1адат бук1ана щибаб соналъ гьединаб тадбир школалда гьаби, чанго сон ун бук1ана гьеб гьабич1ого.

          К1иябго командаялъул ц1алдохъабазул х1адурлъи бук1ана щвалде щвараб. Церерахъиналъухъ балагьун рук1ана школалъул лъимал, рач1ун рук1ана балагьизе умумул.

         Ц1алдохъабаз рет1ун нек1сияб умумузул г1адатияб рет1елгун к1вар кьолеб  бук1ана  жиде-жидер  церерахъиналъул  маг1наяб  гьунар-махщел бихьизабизе.

          К1иябго  командабаз  х1ал  бана  анлъго  бат1и-бат1иял  тадбиразулъ. Т1оцебесеб  номинация  бук1ана  салам  кьеялъул. Гьениб  командабаз  риккана, ах1ана  куч1дул,  рихьизе  гьаруна  нек1сиял  г1адатал.  К1иабилеб г1адатияб кеч1 ах1изе. Лъабабилеб  умумузул  кьурди  бихьизе  гьабизе. Ункъабилеб  бук1ана  миллияб  форма  бихьизе  гьабизе  ва  гьелъул х1акъалъулъ  бицине. Щуабилеб  номинация  миллияб  квен  гьабун  бач1ине  ва  бицине  кин  ва  сундул  гьеб  квен  гьабурабали.  Анлъабилебги  бук1ана сценка  бихьизе  гьабизе. К1иябго командаялъ бихьизабуна умумузул г1адаталда бертин гьабиялъул сценка. Гьениб  къокъго бихьизе гьабуна  бах1арай  абизе  иналдаса  бахъараб  рокъое  ячин  умумузул  г1адаталда рекъон.  Ц1акъ берцинго бачана гьеб лъималаз.  

        К1иябго командабаз г1емер рик1к1ана жиде-жидерго бажариялда рекъон гьарурал куч1дул, бихьизабуна махщел куч1дул ах1иялъулъ, умумузул кьурдаби гьариялъулъ.

        Балагьизе   рач1араз   баркала   кьуна   тарбиячаг1азе ва ц1алдохъабазе лъик1аб х1адурлъигун церерахъиналъухъ ва    берцинлъиялда тадбир  г1уц1аралъухъ.

Теги: