
Гьал къоязда жиндир г1умруялъул 90 сон т1убай к1одо гьабуна район цебет1еялъе г1емерал соназ х1алт1арав нилъер ракьцояв Г1исаев Г1умар Мух1амадовичас. Гьеб к1одо гьабун гьесухъе рокъоре рач1ун рук1ана районалъул администрациялъул бет1ер М. Т1агьиров ва администрациялъул жавабиял х1алт1ухъаби. Х1урматияб х1ухьбахъиялде ун вугониги Г1. Г1исаевас жигаралда г1езе гьарулел руго наял ва биччана гьезул х1акъалъулъ т1ехь. Баркиялъул раг1абиги абун районалъул бет1ер М. Т1агьировас Г1. Г1исаевасе кьуна къиматаб сайгъат ва баркалаялъул кагъат.
Гьев гьавуна 1936 соналъул 27 июлалда Хьаргаби росулъ. Школалда ц1алулеб заманалдаго байбихьана зах1маталъул х1аракаталде. Хьаргаби гьоркьохъеб школа лъуг1ун 1955 соналда ана Советияб Армиялда хъулухъ гьабизе. Лъуг1изаруна: Дагъистаналъул пачалихъалъулаб университет, тарихалъул факультет, къасисеб марксизм – ленинизмалъул университет, Мах1ачхъалаялъул росдал маг1ишаталъул техникум. Х1алт1ана Хъах1абросдал микьгосонил ва Г1аймакиб росдал гьоркьохъеб школалъул директорлъун, КПССалъул отделалъул заведующийлъун, Хьаргаби райисполкомалъул председательлъун, г1емерал соназ КПССалъул Хьаргаби райкомалъул т1оцевесев секретарьлъун, ДР Верховный Советалъул аграриял суалазул ва экономикаялъул кидагосев комиссиялъул председательлъун, ДРялъул Халкъияб Собраниялъул председателасул кумекчилъун.
Г1. Г1исаевас районалъе нухмалъи гьабулел соназ районалъе щвана РСФСРалъул Министрзабазул Советалъул ва ВЦСПСалъул хьвадулеб баг1араб байрахъ, районалъул экономика ва социалияб рахъ цебет1езабиялъе г1оло Дагъистан Обкомалъул, Министрзабазул Советалъул Дагъоблсовпрофалъул президиумалъул ва обком комсомолалъул бюроялъул хьвадулеб Баг1араб байрахъ.
Г1. Г1исаевас районалъе нухмалъи гьабуна зах1матаб заманалда, г1емерал хиса – басиял гьаруна лъик1аб рахъалдехун. Гьеб даражаялъул нухмалъулесул г1емерсоназулаб г1уц1арухъанлъиялъул х1албихьи бук1ине кколеблъи якъинаб жо буго. Гьеб гьес бихьизабуна районалда ва республикаялъул бат1и – бат1иял хъулухъазда х1алт1улаго. Чанго нухалда гьев вищана ДРялъул Верховный Советалъул депутатлъун, руго г1емерал пачалихъалъулал орденал, грамотаби. Жакъа къоялдеги мустах1икъаб х1алхьиялда вук1аниги Г1. Г1исаевас г1адамазе камилаб г1акълуги, жиндирго г1умруялъул х1албихьиги кьола. Гьарула Г1умарие щулияб сахлъи, халатаб г1умру, гьаризе рек1еда ругел х1исабалде росарал анищал г1умруялде рахъинаризе къуват ва икъбал.
