Сетевое издание «Зуберха.ру» | 13 сентября 2026
Интернет-издание

Баг1араб кьоялда х1алт1аби

Баг1араб  кьода  специалистаз  байбихьана   кьо  щула  гьабизелъун ремонтазул  х1алт1аби  гьаризе.

Подрядчиклъун   кколеб  «Сибрегионстрой»  абураб  г1уц1иялъ тӀоритӀизе  руго  хӀажатал  хӀалтӀаби. Ремонталъул  бутӀа  хӀисабалда  нухлул рагӀал  ва  маххул  рахъал  рахъизе  ккезе  руго,  хадуб  цӀидасан  данде гьаризе  ккезе руго. Аслияб масъала  ккола  кьоялъул  кьучӀ  цӀигьаби ва гьелъул  кьучӀ  жеги  щула  гьаби,  божилъи  бугеб  ва  хулареблъунги бук1ине.

Гьанже  кьода  х1алт1улел  руго   лъабго  бат1ияб  техника,  хадубккун жеги  т1аде  техникаги  х1алт1изе  биччазе  бугила  гьарулел  х1алт1аби  хехго лъуг1изелъун.

Гьарулел  х1алт1аби  лъуг1изе  гьаризе  рек1еда  буго октябрь моц1алъул  ахиралде.

Гьединго  районалъул  бет1ер М.Т1агьировас  жиндицаго  хал  кквезе  буго гьарулел  х1алт1абазда  хадур.  КӀвар  бугеб  жо  ккола  объект  лъик1аб къагӀидаялъ  ва  заманалда  рагӀалде  бахъинаби.

БагӀараб  кьо  къач1алеб  бук1адго  балеб  буго  лъелго  хьвадулел гӀадамазе  нух.

«Чачан  республикаялъул  гӀорхъи – Болъихъ – Хунзахъ – Гьерек1дерилучасток» («БагӀараб кьо»)  трассаялъул  133 километралда  бугеб  кьода специалистаз  биххизабулеб  буго  асфальт-бетон  ва  риххизарулел  руго нухлул  плитаби. Гьелдаго  цадахъ  аскӀоб бугеб кьода хӀалтӀи унеб буго хӀинкъи гьечӀеб лъелго  хьвадулел  гӀадамазе  нух  гьабизе.  Гьениб  лъезе  буго  цӀулал  нух  ва  хасал  шлагбаумал.  Гьез  кӀудияб  хӀалтӀи  гьабулеб  заманалда  лъелго  хьвадулел  гӀадамазул  хӀинкъигьечӀолъи  чӀезабизелъун.
Гьединго  тӀаде  жубазе  ккола,  х1алт1аби  ине  руго  кьода  т1аде          цо — цо ккун  гурони  техника  унеб  гьеч1олъиялда,  кьодасан  бищун  дагьаб хехлъиялда,  кьоялъул  тӀадкӀалалда  динамикиял  нагрузкаби  кьечӀого ва гьелъул вибрациял ккеч1ого рук1ине. Гьеб данде кколеб букӀуна  гӀадатияб автотранспорталъул  хьвадиялда, гьениб автотранспорталъул  хехлъи цӀикӀкӀиналъ ва хьвадиялъул  хӀалуциналъ  гӀемерго  цӀикӀкӀинабулеб букӀуна  конструкциялда  тӀад  бугеб  нагрузка,  гьелъ  кьо  хехго  биххизабизе  бегьула.
Дагъистан   Республикаялъул  нухмалъулесул  ишал  тӀуразарулев  Федор Щукинил тӀадкъаялда  рекъон  тӀоритӀулел  руго  хехаб  кумекалъул  х1алт1аби. Регионалъул  нухмалъулесда  гьоркьоса  къотӀичӀого   лъазабулеб  букӀуна лъим  бачӀиналъ  зарал  гьабураб  нухазул  инфраструктура  цӀигьабиялъул хӀалтӀаби  кин  унел  ругелали.
Аслияб  мурад  ккола  республикаялъул  гӀадамазе  ва  гьенире  рачӀунезе кӀванагӀан  хехго  хадусеб  чанго  соналъ  хьвадизе  хӀинкъи  гьечӀел  нухал чӀезари.