Россиялъул къо к1одо гьабуна ясли-ахалда

0
7

Ясли-ахал   гьанже  лъугьун    руго   бокьарал  жавабиял   ва  к1вар   бугел  байрамал   бокьахъе   божилъи  гьабун   т1ад   къазе  бегьулеб  лъималазул   г1уц1илъун. Чан   нухалъ   г1исиназе   божилъи  гьабун     гьел   к1вар   бугел   тадбирал    к1одо   гьаризе   изну   кьурал   ясли-ахазе.

Цереги   рахъун   г1исичазул  махщел   камил   гьабулеб   лъималазул   бак1ги   ва  рукъги   ккола   ясли-ахазул   тадбирал   т1орит1улел   залалги.

Гьал   къоязда  Хьаргаби  росдал   «Малыш»   ясли-ахалда   бугеб    тадбирал   т1обит1улеб   залалдаги    «г1еч»   бортизе    бак1   бук1инч1о.  Залалда   рихьулел   рук1ана   г1одор   ч1ун   цере  рахъине   ругел   лъималазухъ  рак1   унтарал   г1агарал – г1унт1арал,  яцал   ва   цогидалги.

Тадбир   бачунез   къокъаб  баян   кьуна   Россиялъул   къо   байрам   к1одо  гьабиялъул.  Жиб-жиб   миллатазул  гьеб   къо  буго  жиде-жидеего   хасиятаб, гьелъул   аслияб   хасиятги  ккола   ракълилаб   рагъги   гьеч1еб   х1укумат   г1уц1и  ва  ц1уни.  Гьеб   къоялъул  сценаги  бук1ана   къач1ан   Россиялъул    байрахъалъул   кьераз.  Байрахъалги   кодор   ккун   лъималаз  ц1алана    ва   ах1ана  куч1дул,  рахъана   кьурдаби   гьаризе,  рихьизаруна    ц1ар раг1арал   лъималазул    маргьуяздаса    сценкаби.   Балагьарал   разияб   тадбир   г1уц1аралъухъ   ясли-ахалъул   нухмалъулезеги, тарбиячаг1азеги   баркала   кьуна  лъималазул   умумуз.