1986 соналъул 26 апрелалда Чернобылалъул атомнияб электростанциялда ккана заралалъул рахъалъ ва х1асилаз ХХ г1асруялдаго к1удияблъун рик1к1араб техногеннияб катастрофа.
Гьелъул х1асилалда, жидер заралияб къуват 30 сонидасангицин г1одобе кколареб, радиоактивниял жал рехана сверухълъиялде. Бищунго х1ал ккарал Белоруссия, Украина ва Россиялъул ракьазда радиациялъул асар ккана 8,4 млн. чиясде.
Гьединго авариялъул заралияб асар ккана 13 ялдаса ц1ик1к1ун Европаялъул х1укуматаздеги.
Хас гьабун абуни, Россиялъул радиоактивнияб чороклъиялде гъоркье ккана 59 кв2 километр ракьул. Гьенире гьоркьоре ана 2 млн. га росдал маг1ишаталъул ракьал ва 1 млн. га рохьазул. Гьенир г1умру гьабулел рук1арал 3 млн. чиясдаса 52 азарго чи гочизе ккана бат1иял ракьазде.
Г1аммаб къаг1идаялъ, 1986 соналъул багьабазда рекъон авариялъул зарал бахана 215 млрд. гъурущалде. Амма , щиб роценалъ борцинеб халкъалъул сахлъиялъе ккараб зарал?
Учениязул баяназда рекъон, Чернобылалда ккараб авариялдаса хадуб, 1945 соналъ СШАялъ Хиросималде ва Нагасакиялде рехарал бомбабаздаса 400 нухалъ ц1ик1к1арал радиоактивиял ц1адал ранилан.
Доб заман бук1ана ругел баянал къват1ире кьолареб. Унго-унгоги бугеб х1инкъиги, ах1вал – х1алги кинабго гуро лъалеб бук1араб халкъалда. Авария ккун нахъияб къоялъго, 47 азаргоялдаса чи жанир г1умру гьабулеб шагьар къват1ибе гочизабуна. Нахъиял къоязго, авария ккараб бак1алдаса 10 км. сверухълъиялъул ракьазда, цинги хадусеб моц1 лъуг1изег1ан 30 км. сверухълъиялдаса 188 росаби — шагьараздаса 116 азарго чи гочизе гьаруна. Унго – унгоги г1умру жидерго г1агараб ракьалда, жидерго маг1ишаталда арал чи цо параялъ кинабгоги жибго тун гочизе ккараб мехалъ щиб къо ч1ун бук1инаро халкъалда.
Авария ккарабго, х1инкъи бугеб территориялда 1300 ялдаса ц1ик1к1ун тохтурзабаз, медсестрабаз ва цойги специалистаз х1алт1уде байбихьана. Х1алт1и г1уц1ана лабараторияз ва 240 полевой госпиталаз. Авария ккараб къоялъго Совет Союзалъул оборонаялъул Министерствоялъ нус- нус азарго рагъулаб хъулухъалда ругел г1олилал рит1ана авариялъул х1асилазда ккараб бац1ц1ад гьабизе. Гьединго, кумекалъе рач1ине жидерго бугеб хивал загьир гьабуна азар-азар г1адатиял г1адамазги.
Хадур рехсарал баяназ бицунеб буго кинаб ах1вал — х1ал ва х1инкъи бук1арабали Чернобылалда. Цо чиясе, кколеб облучениялда бан, х1алт1и гьабизе ц1араб заман бук1ана 40 секунд, 2 мин яги 1 саг1ат. Гьелдаса хадур, х1алт1ухъаби госпиталазде рит1улаан. Цо сордо — къойида жанир 40 азарго чи къабул гьарулел рук1ана госпиталаз.
Г1адамаз гьабизе ккана роботаздацин гьабун бажарич1еб, ц1акъго х1инкъи бугеб х1алт1и. Роботазул микросхемаби излучениялъ рух1ун рехулел ругел заманаялъ г1адамаз жидерго сахлъи, х1атта г1умру кьунцин гьабуна х1алт1и, авариялъ ккараб зарал т1ибит1ич1ого бук1инелъун.
Х1алт1улаго 25 рентгеналдаса т1аде облучение щвезе тезе бегьулароан. Масъала 1 рентген щвезе рес бук1ана реакторалде аск1оре щварабго х1алт1и гьабизег1анго. 40 го рентген щваралги рук1ана г1емерал.
Доб заманаялъ, авария ккараб къоялъ к1иго чи хун ратани, т1оцебесеб 3 моц1ида жанир 30 чи хвана. Ликвидаторазда гьоркьоса 134 чиясде бат1и-бат1ияб зах1малъиялъул острая лучевая болезнь ккана.
Облучениялъул щвараб ц1ик1к1арал дозаби г1иллалъун ккун батизе бегьула хадусел соназ хварал 4 азарго чиясеги. Гьел цифрабазул мух1канлъи гьабизе ресго теч1о. Доб зманаялъ тохтурзабазе гьукъун бук1ана унго – унгояб бугеб ах1вал – х1ал ва г1адамазе щвараб облучениялъул доза загьир гьабизе ва гьеб г1иллалъун хъвай – хъваг1ай гьабизе унтаразул медкартаялда.
«Бихьулареб» х1инкъиялдаса ц1унизе зах1матго бук1ана киназего. Россиялъул Правительствоялъ 558 росу-шагьаразда ругел г1адамазе жакъа къоялъги пособиял кьола.
1986 – 1992 соназул баяназда рекъон ликвидаторазул къадар бахана 526250 чиясде. Х1акъикъаталдаги, гьезул щибав мустах1икъав вуго рак1алде щвеялъе.
Мух1канал баянал рехсезе зах1малъула, щай гурелъул авария ва гьелда сверун бугеб щинаб ах1вал – х1ал ц1акъ бахчулеб бук1ана х1укуматалъ.
Доб заманаялъ аслияб къаг1идаялда армиялда ругел г1олохъаби рит1улел рук1ана ликвидациялде, военнияб билеталда гьелъул хъвай-хъваг1айги гьабич1ого. Гьанже абуни, Украиналдаса киналниги баяналги къот1изаруна.
Официалиял баяназда рекъон Дагъистаналдаса ликвидациялда г1ахьаллъи гьабуна 3 азарго чияс. Гьездаса 1200 чи хвана. Аслияб къаг1идаялда онкологиялдасан. Жеги 1660 чи инвалидаллъун рик1к1уна.
Хьаргаби районалда абуни официалиял баяназда рекъон Чернобылалда рук1ана анкьго чи: к1иго — К1ик1униса, 2 – Къудукьа, 2 – Хьаргабиса ва цо Г1аймакиса. Гьенире гьоркьоре рик1к1ун гьеч1о прописка районалда гьеч1ел чи.
Дагъистаналда буго «Союз Чернобыль» абураб общественнияб организация, ликвидаторазул ругел зах1малъаби, яги законнияб рахъ ц1униялъул суалал жидеца рорхулел.
26 апрель ч1езабуна Т1олгодунялалъул халкъазда гьоркьосеб чернобылалъул катастрофа рак1алде щвезабиялъул къолъун. Россиялда гьеб къоялъ рак1алде щвезарула радиационниял авариябазул ва катастрофабазул заралиял асарал т1аг1инарулел ва гьенир хварал чи.
Ч1аго хут1арал ликвидаторазе г1умру батаги. Аллагьас ц1унаги нилъ киналго гьединаб рак1алда гьеч1ел катастрофабаздаса.
