Гьаб соналъул 6 июлалда Хьаргаби росдал администрациялъул бет1ерлъун вищана Шапиев Мух1амад. Х1алт1изе къуват кьеги, росдае баракатавлъун гьавеги Аллагьас. Рищиял т1орит1аралдаса г1емераб заман гьоркьоб ун гьеч1ониги районалъул «Церехун» газеталъул х1алт1ухъабазда лъик1аблъун бихьана Мух1амадгун дандч1вай гьабизе ва гьес х1исабалде росарал х1алт1абазул х1акъалъулъ газеталъул гьумералда бахъизе.
Рищиял т1орит1ун нахъисел къоязго рарал ц1адаз к1удияб зарал бач1ине гьабуна нилъер районалъул г1урул мухъазде, гьезда гьоркьоб нилъер росдаеги. Зарал бач1арал г1адамазул рукъзабахъе щвезе ккана хасаб комиссиягун цадахъ. Гьелъги биччана замана. Гьабсаг1аталда росдада цере ч1арал суалаздасан ккола.
— Лъалъалеб лъим. Росдал абух1на майданалде бач1унеб лъел бет1ер гьабизе кьун бук1ана пачалихъалъулаб мелиорациялъул г1уц1иялъухъе. Х1исаб гьабураб мехалда рек1еде кколеб буго росдал г1адамаз гьабизе тун бук1арабаниго лъик1аб бук1инароанилан. Цо х1алт1аби гьарун лъуг1ун рук1унаро, цогидаб бак1 т1ун ун т1адруссун гьеб г1уц1иялъул чи рач1ине бала лъик1аланго замана. Кидаго бук1араб жо гуро августалъул ахиралдецин заман щун бугониги абух1на майданалде лъим гъезе к1веч1о. Росуцояз гьабулеб бук1арабани ах1уд рахъун, рак1унтун х1алт1аби х1асил кьолеб къаг1идаялъг1аги гьарун рук1инаан. Гьанже киназго абулеб буго гьеб х1алт1и гьабизе т1адкъараз гьабеян.
— Гьекъолеб лъим. Гьабсаг1аталда т1ад школалда аск1обги, годек1анибги, поликлиникаялда цебеги ва цогидалги бак1азде пластмасалъул рог1раздасан бачун буго иццул лъим. Гьеб бачине к1вана гьеч1ел, рук1инч1ел бак1аздасан ц1адал ц1ик1к1араб сон бук1иналъ иццал раккун рук1ун, т1адеяб бач1унеб сон кинаб бук1инебали лъаларо. ГЭСалъул х1орихъан, росдал имам Г1. Г1умарх1ажиевасул кумекалдалъун рачунел ругел пластмассаялъул рог1рал ц1орич1ого рук1ине лъолел руго ракьулъан. Гьел лъезе к1иго участка хут1ун буго техникаялъул къуват г1оларого бук1иналда бан цодагьабги къуватаб Хъвартихьуниб – Курмиб – Хьаргаби – К1ик1униб лъел рог1рал лъолеб г1уц1иялъ гьеб бач1инег1ан. Гьелъие росарал къач1арал рог1ралги гьеб лъезе х1алт1ухъабиги руго.
Хъвартихьуниб – Курмиб – Хьаргаби – К1ик1униб лъел рог1рал рачине х1исабалда буго росдал лъабго лъим данде бак1арулеб х1авузалде. Г1аймакдерил гох1де, Т1адг1урик1к1анда авалалде ва рацулмайданалде. Гьенисан рикь – рикьун лъезе руго лъел рог1рал щибаб авалазде.
Нухал. – гьал къоязда к1иго автомашина хъилалъул т1ун ремонталъулал х1алт1аби гьаруна Габурлъуда нахъа ва асалъарахъ авалалда ругел нухазда. Ч1анкисан хобалазде щвезег1ан к1алахъа эхеде ругел нухазда гьаруна ремонтал. Кьодухъа бахъараб хъациялъул кьоде щвезег1ан бан буго нухазде чабах г1агараб заманаялда жаниб гьеб бит1изе гьабизе буго.
Боц1и. Гьаб ахираб заманалда кинго к1олеб гьеч1о боц1ул бет1ергьаби г1адлуялде рачине. Боц1уда рахъад ине чи таниги гьесда цебе гъеч1ого жидецаго рокъоса къват1ире ралагьизе гьарун толел руго боц1и. Росуцоял, нилъецаго гьабуни бук1унеб жо буго г1адлу – низам. Гьабсаг1аталда магъилъ ва абух1на майданала тун руго хъаравулзаби. Лъик1аб бук1инаан росдал администрациялде т1аде рехун теч1ого нужецаги нужерго боц1ул жаваб кьунани.
Росуцояздехун дир к1удияб гьари буго росулъ анкьида жаниб лъабго къоялъ мусор баччулеб машинаги хьвадулеб бугониги росулъ республикаялъулаб программаялда рекъон лъун буго лъабго муссор бак1аризе гьабулеб площадка, гьел жеги х1алт1изе риччан гьеч1о бегьулеб батани муссор машиналде т1аде рехун нилъедаго сверухъ бак1 чорок гьабуге, гьел гьел площадкабазда мусорги лъоге.
Росдал администрациялъ т1орит1улел кинал ругониги х1алт1абазулъ нухазда, лъим ч1езе гьабиялда бокьилаан жигараб г1ахьаллъи гьабизе рач1ани. Кидаго гуро росдал админисрациялъул бат1и – бат1иял х1алт1абазе риччарал г1арцулал сурсатал рук1унел, росуцоязул жигаралдалъун г1емерал х1алт1аби гьаризе бегьула.
Цогидал нилъедаса г1исинал росабалъги г1емерал жамаг1аталъе пайдаял х1алт1аби т1уразарула цадахъ рахъун гьабулеб х1алт1ул х1асилазда, г1адада гурелъул аби бугеб жамаг1аталъул газа кьурдаги рек1унилан. Росулъ гьаризе х1ажатал суалалгун рач1а советалде, дандбала ва цадахъ рекъон х1укмуги т1убазабила.
