Лъимал ц1униялъул къо к1одо гьабуна

0
17

«Лъимал  г1умруялъул  т1угьдул!», «Лъимал  нилъер  бук1инисеб!».  Аслияб  къаг1идаялъ    гьединаб  ах1игун  т1обит1ана  1  июналъ  районалъул  культураялъул  к1алг1аялда  лъимал  ц1униялъул къоялде  буссинабураб  байрам.

Тадбиралъул  церерахъиназда  аслияб  бут1а  лъуна  Хьаргаби «Солнышко»  ясли – ахалъул     лъималаз  ва  гьезул  тарбиячаг1аз.

Сцена  ва  лъимал  къач1аялдасанго  сверухъ  байрамалъулаб  аваданлъи ва    роххел  гьарзаго  бук1ана.

Х1урматиял  гьалбал:  районалъул  бет1ер  М. Т1агьиров,  Халкъияб  Собраниялъул  депутат  Ж. Нажмудинов,  Хьаргаби  районалъул куратор, Дагъистан республикаялъул юстициялъул министрасул заместитель М. Къурамух1амадов, районалъул  депутатазул  Собраниялъул  нухмалъулев  М. Г1умаров,  районалъул  бет1ерасул  заместитель  А. Маликов, Хьаргаби  росдал  бет1ер  Б. Идрисов ва гьединго  районалъул  г1уц1иязул  нухмалъулел,     рач1индал  байрамалъе  байбихьи  гьабуна  тадбир  бачуней  йик1арай              М. Урдашевалъ.

К1алъазе  раг1и  кьурав  районалъул бет1ер  М. Т1агьировас  киналго  т1аде  рач1аразда,  баркиялъул  раг1аби   абуна  ва  гьарана лъималазе  ракълилаб   бук1инисеб,  талих1аб  лъимерлъи  ва  гьезие  тарбия  кьолезе  х1алт1улъ  церет1еял.

М. Т1агьировас  абуна  нилъер  бук1инисеб бараб  бугин  нилъерго  г1адатал  ц1униялда,  гьел  церехун  г1ун  бач1унеб  г1елалъухъе  кьеялда.  Гьединго  т1адч1ей  гьабуна  ясли – ахалдасанго  рахьдал  мац1алде  к1вар  кьезе  ккеялда.

Хадубги  М. Т1агьировас  абуна  сахаб  г1ел  бук1иналде   ц1акъго  к1вар  кьолин  районалъул  г1умруялда.

Гьес  разилъи  загьир  гьабуна  лъималазул  церерахъиналдаса,  гьел  х1адуризе гьабураб  х1алт1удаса. Гьединго  берцинал,  хинал  раг1аби  залалда  г1одорч1араздехун  абуна  халкъияб  собраниялъул  депутат  Ж. Нажмудиновас  ва    районалъул куратор М. Къурамух1амадовас.

 

Унго – унгоги  нилъер  лъимал  сонидаса  сониде  гьунар  ц1ик1к1арал  г1ун  рач1унел  руго.  Киг1ан  зах1матаб  программа  бугилан  кканиги  гьез  малъараб  босулеб  буго.  Г1иц1го,  тарбиячаг1азул  г1ет1    нилъеда  бихьуларо, амма  щиб  зах1малъиялгун  гьез  лъимал  куцалелни  цебе  т1амизабизе бегьила.

Кеч1   рик1к1ине,  кьурдизе  бугеб  махщел  г1ат1идго  бихьизабуна  лъималаз. Щибаб  кьурдуе  бат1и – бат1иял  рет1арал  рет1лалги,  рихьах1инги  лъималазул,  бер  кколеб  х1алалъ  рук1ана.

Гьит1ичазул  номеразда  гьоркьосан жидерго   кьурдаби  рихьизаруна  школа  искусствоялъул  лъималазги.

Лъимал  рохизе,  байрамалда  ах1ун  рук1ана    мультфильмазул  персонажал  Микки Маусал.  Байрмалъул  ахиралда  сценаялде  т1аде  ах1ана  СВОялъул  г1ахьалчаг1азул  лъимал.  Районалъул  бет1ер  М. Т1агьировас  ва  гьесда  цадахъ  рач1арал  х1урматиял  гьалбадерица  гьездехунги  абуна  баркиялъул  хинал  раг1аби,  гьаруна  сайгъатал.

Цинги  сценаялде  т1аде  ах1ана  киналго  тадбиралда  г1ахьаллъи  гьабурал  ясли – ахалъул   лъимал  ва  киназего  кьуна  гьуинал  сайгъатал.

Абизе  ккола  сайгъатал  х1адурун  рук1анин  росдал  бут1рузул,  цадахъго  райадминистрациялъул,  культураялъул отделалъул  ва  х1урматиял  гьалбал  депутат  Ж. Нажмудиновасул  ва    юстициялъул министрасул заместитель М.Къурамух1амадовасул  жигарчилъиялда.

Тадбир  лъуг1изег1ан  т1ад  бит1араб  кеч1  бакъан  къот1ич1о  к1алг1абахъ.

Кидаго  гьедин  рохун  рихьаги  нилъер  лъимал.  Ракълилаб  дунялалда,  эбел – эменгун  цадахъаб  г1умру  т1амизе  хъван  батаги  киназего.